ЦӀадаса ХӀамзат
ЦӀадаса ХӀамзат | |
---|---|
Файл:Гамзат Цадаса и Расул Газатов.jpg | |
Миллат | Аварав |
Эмен | Юсупил МахӀама |
Лъимал | ХӀамзатил Расул ХӀамзатил ХӀажи |
Адабияб гьунар | |
Пишаялъул тайпа |
|
Медиафайлал Викигъамасалда |
ХӀамзат ЦӀадаса (21 август 1877 — 11 июн 1951) — авар совет поэт ва драматургист, пачалихъияв хъулухъчи. Дагъистаналъул Автономияб Совет Социалистияб Республикалъул халкъияв поэт (1934). КӀиабилеб даражадуо Сталинилаб премиялъул лауреат (1951).
Биография
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьев гьитIинго бесдаллъана, эмен хведал гьесул 7 сон букIана, гьитIинго камуна эбелги. Гьев цIалана мадрасаялда ва лъабго соналъ хIалтIана имамлъун ЦIада росулъ. 1917—1919 соназ хIалтIана Хунзахъ мухъалъул шаргIияб махIкамаялда. 1921—1922 хIалтIана «БагIарал мугIрул» джаридаталъул бетIерав мухбирлъун, гьениб загьирлъана ХӀамзатил шагIирчиясул гьунарги.
Адабият
[хисизабизе | код хисизабизе]ТIоцебесеб кечI "ГIалибегил гьве" хъвана I4 сон барав ХӀамзатица. Гьес жиндирго шигIрабазулъ махсаруялдалъун хъватIир чIвазарулаан доб заманаялъ рилъанхъун рукIарал гIадатал, бечедал бегавулазул, ричарухъабазул, муллабазул гIумру-яшав.[1] Гьесул шигIрабазул тIоцебесеб мажмугI "ГIадатазул жул" къватIибе биччана 1934 соналъ. Гьебго соналъ гьесие щвана тIоцебе Дагъистаналъул АССРалъул Халкъияв шагӀирасул цIар - щапакъатги.
Щапакъатал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Дагъистаналъул АССРалъул Халкъияв шагӀир (1934)
- БагIараб захIматчагIазул байрахъалъул орден (31.01.1939)
- «Кавказ цIунаралъухъ» медаль
- «КIудияб ватIанияб рагъда гIахьаллъаралъухъ 1941—1945» медаль
- Ленинил орден (22.02.1944) — хъвадарухъанлъиялъул 50 сон тIубаялъе
- Ленинил орден (1947) — гIумрудул 70 сон тIубаялъе
- Сталинил премия II даражаялъул (1951)
- Дагъистаналъул АССРалъул пачалихъиял грамотаби
ХӀужаби
[хисизабизе | код хисизабизе]Линкал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Гамзат Цадаса на портале ПоэзоСфера
- Поэт, рожденный поэтом — Односельчане.ru Archived 2016-03-13 at the Wayback Machine
Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо. Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай. |