[go: up one dir, main page]

Перейти к содержанию

Шава

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Принталъул версиялъе тӀокӀалъ кверчӀвй гьечӀо, ва гьелулӀ рукӀине бегьула рекъезарул мекълъаби. Нужерго браузералъул тӀахьилчӀалаби цӀигьаре ва гьелъул бакӀалда хӀалтзабе браузералъул принтияб функция.
Росу
Шава
лъар. Шава
Пачалихъ Россия
ЖумхІурият Дагъистан
Координатал 43°43′39″ ш. гӀ. 46°58′47″ бб. х.HGЯO
Бегаул ХІажимухІамадов ГъазимухІамад
КьучІ лъуна XVӀӀӀ гIасру
БукІараб цІар Терек (хӀуригаталда цебе)
Майданалъул борхалъи -16 [1] m
Гьава-бакъ гьоркьохъеб
Расмияб мацІ авар, гІурус
Халкъалъул къадар 2433 [2] чи (2014)
Миллатал аварал
Динал Ислам
СагІтил рачел UTC+4
Почалъул индексал 368067
Автомашинаялъул код 05
ОКАТО 82 257 877 001[3]
Шава (Россия)
ТӀанкӀ
Шава

Шава́ (гІур. Шава́, лъар. Шава) — ккола Россиялъул Дагъистан жумгьурияталъул ЦӀумада мухъалъул росу.

Ракьхъвай

Шава буго Бабаюрт мухъалда. Мухъалъул марказ, Бабаюрталдасан шималалъул магърибалда ва гьелдаса 30 км рикІкІад буго гьеб. Шаваилан абула чамалиго данде ракӀарарал ЦӀумада мухъалдасан гочарал росаби, гьездасан: Къеди (яги цо-цо картабазда рекъон - Инко) - Шаваялъул марказ, Шугъури (ТӀинди), ТІисси, Гьигьалъ, Гьадири, ЦІунтІа.

ГІадамал

Шаваялда киналго руго магIарулал, амма къанагІатго цоги миллатазул чагІиги рукІизе бегьула. ГІемерисел руго ЦӀумада мухъалдасан гочарал гІадамал. ГӀадамазул къадар: 2433 чи.[4]

Тарих

ЦӀумада мухъалъул лъугьизегІан, жеги хIуригаталда цебе, Шава букІана бечедал гІиял хьихьун рукІарал, лъарагІал, Яхсаевазул хъутан. Советияб хІукумат бачІаралдаса гьеб кьуна ЦӀумада мухъалъул Къеди росдал, Ленинил цІаралда букІараб колхозалъухъе. Гьелдаса хадубе гьенире ритІана цоги-цогидал росабаздасан гІадамал[5].

МагІишат-яшав

Файл:Мажгит Шава.jpg
Шаваялда бугеб мажгит

БоцІцІи-панз хьихьун ва хур-ах гьабун гІумру, магІишат гьабула цІикІарал гІадамаз.

Динияб гIуцIцIи

Шаваялда руго бусурбаби, сунитал. Шаваялъул гIадамал сверухълъиялда динияллъун рикIкIула.

Машгьурал росуцоял

ХIужаби

  1. ^ "Майданалъул борхалъи ва цогидал данныял..." Архивация оригинал (2016-03-05). Щвей 2014-08-16. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. ^ "Дагъистаналъул шагьаразул ва росабазул гІадамазул къадарал. РикІкІана 1 июналъ 2014 соналъ". Архивация оригинал (2014-04-07). Щвей 2014-06-14. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  3. ^ Код ОКАТО Шава
  4. ^ "Дагъистаналъул шагьаразул ва росабазул гІадамазул къадарал. РикІкІана 1 июналъ 2014 соналъ". Архивация оригинал (2014-04-07). Щвей 2014-06-14. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  5. ^ Cеление Шава, около реки Терек в Бабаюртовском районе, бывшего до революции кутаном Яхсаевских помещиков и разбогатевших овцеводов, а в советское время ставшего кутаном колхоза Цумадинского района.


тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.